I
«Бищун низам кьучIав гьав дир имгIалас,
Унти чорхолъ тIубан тIатараб лъайгун,
ТIамуна жиндирго адаб гьабизе,
ГьебгIан лъикIаб жоги кIвечIо ургъизе.
Асул мисал буго нахъиязе дарс:
Амма ракI сваквалеб ишниха, аллагь,
АскIоса кивего нахъе инчIого,
Унтарасда аскIор сардал-къоял рай!
КигIан нахъегIанаб намартха кколеб,
Бащдаб рухI арасул ракIгъезе гьаби,
Гьесий къандалъаби къаданир рорхи,
Къваридго дараби аскIоре роси,
Цинги мунго дуйго, угьунги биччан,
Гьав кида тIагIинев тIасаян ургъи!»
II
ХIалкIолъи гьарзаяв Зевсил къудраталъ
ТIолго гIагаразул варислъун ккарав
ГIолоханав гогьма гьел пикрабазда
Воржунев вукIана поч-пайтоналда.
Русланил, Людмилал гьудулзаби, дий
ЦеберагIиги тун, гьаб бакIалдаго
Гьаб дир романалъул героясулгун
Лъай-хъвай ккезабизе изну гьарула;
Онегин, дир лъикIав гьудул ва гьалмагъ,
Гьавуна Невалъул рагIаллъабазда,
Дир цIалдохан, мунги я гьенив гьавун,
Яги копоего ватила тирун;
Дунги цо заманалъ гьенив тирарав,
Амма север дие рекъоларебха.
III
ЦIакъго лъикI ракIбацIад хъулухги гьабун,
Гьасул инсул къоял къарз босун ана.
Санайил лъабцIуса сухIматал гIуцIун,
ЦIергIадин кодоблъи кунги лъугIана.
Евгений къадаралъ нахъе цIунана:
Цин мадамеялъ гьав хьихьун вукIана,
Цинги монсиеур гьей хисун ккана.
Гьав гIанчIав, хIалимав лъимер вукIана.
Гьасда щибго гIазаб бихьилебилан
Коцокъав франгас монсиеул Л'Аббеца
Сундуйго кепалда куца-къачIана,
ЧIамучIаб насихIат хIаллъизабичIо,
ЧIолареб мехалда дагьав семана
Ва Роол ахикье гьавгун хьвадана.
IV
ЧIалгIари хIеренаб, хьулал гIемераб
ГIолоханлъиялъул питнаяб ригьде
Евгений вахараб мех тIаде щведал
Монсиеур къавулъа къватIиве гъуна.
Гьале дир Онегин эркенлъиялда,
РатIлилъ лондоналъул dandy2-лъун
КъунцIана бищунго чIухIун катIари
Ва ахирги гьасда дунял бихьана.
Франг мацIалъ гьасда рагIалде бахъун
Хъвадаризе кIвана, кIалъазе лъана,
Мазурка кьурдизе лъикI бажарана,
БетIер къиматалда къулизе лъана:
Цойги нужей щибха? Пахруяца гьав
Гьайбатав гIакъилав чилъун рикIкIаиа.
V
Нилъ дагьа-макъалго сундуениги ЦIаларални ругел, кин бугониги;
Гьедин, нилъер гьаниб, рецц аллагьасе,
ГIадан загьирлъизе захIматаб гьечIо.
Онегин вукIана гIемерисезул (ГIадамазе къимат къвакIун кьолезул)
Пикруялда рекъон лъай босарав чи,
Амма чорхолъ чIухIи хIалав гIолилав.
КIалъаялда гьоркьоб, къо бихьичIого,
Щибалдаго дагьаб хъатIун бицине,
Бокьараб иш лъалев гIакъиллъунги чIун
КIвар бугеб къецалъулъ сехI къотIун чIезе
Тохлъокье реххараб рагIул цIадуца
Ясазул гьурмалги гьимизаризе
ТалихI бугеб гьунар гьасух букIана.